Рабочая программа по аварскому языку в 5 классе
календарно-тематическое планирование (5 класс)

Данная работа предназначена для помощи учителям аварского языка. Программа расчитана на 2 часа в неделю. Также в нем предусмотрено количество необходимых письменных работ.

Скачать:

ВложениеРазмер
Microsoft Office document icon 5_kl_mats1_68.doc197.5 КБ

Предварительный просмотр:

МУНИЦИПАЛЬНОЕ КАЗЁННОЕ ОБЩЕОБРАЗОВАТЕЛЬНОЕ УЧРЕЖДЕНИЕ

«ДЫЛЫМСКАЯ ГИМНАЗИЯ ИМЕНИ МАХМУДА САЛИМГЕРЕЕВА»

      СОГЛАСОВАНО:

       Зам. директора  по  УР МКОУ ДГ

  ____________________ /Гаджиева Ж.А./

«____»  ______________________2019 г.

  УТВЕРЖДАЮ:

           Директор МКОУ ДГ

   _______________  /Темирбулатова З.С./

                                           

«____» ____________________2019 г.

Рабочая программа

по родному (аварскому) языку

для 5 класса

на 2019-2020 учебный год

Учитель родного языка и литературы

Батиева Динара Кехурзаевна

ПРОГРАММАЯЛЪЕ БАЯН

...Школалъул цIакъго кIвар бугеб масъалалъун ккола гIун бачIунеб гIелалъе щулияб ва гъваридаб лъай кьей, гьезулъ гьеб лъай практикаялда хIалтIизабизе бажари ва ругьунлъи лъугьинаби, дунялалдехун материалистияб бербалагьи бижизаби.

Авар литературияб мацIалъул кьучI ккола бол мацI, амма литературияб мацI бечелъизе кIвар бугеб магIданлъун ккола киналго диалектал ва наречиял. Цогидал мацIазго гIадин, авар мацIалъги гIаммаб куцалда тIолго магIарулазул рухIияб бечелъи жанибе бачуна.

Ахираб заманалда гIисинал миллатазул мацIал церетIеялде цIикIкIараб кIвар кьолеб буго. Гьел миллатазул рукIа-рахъин цебетIеялдаго цадахъ, гьезул мацIалги бечелъула, церетIола ва хадубккунги гьел церетIезаризе руго.

Школалда авар мацI малъиялда церечIарал масъалаби.

Авар мацI школалда лъазабиялда церечIарал масъалабилъун ккола: цIалдохъабазул кIалзул ва хъвавул калам цебетIезаби, пасихIго цIали камиллъизаби ва каламалъул культура борхизаби.

Школалда авар мацI малъиялъул мурад буго: цIалдохъабазе фонетикаялъул, лексикаялъул, рагIи лъугьиналъул ва хисиялъул, грамматикаялъул, стилистикаялъул хIакъалъулъ лъай щвей, жамгIияб гIумруялда жаниб гьелъул кIваралъул хIакъалъулъ баянал кьей, битIунхъваялъул ва лъалхъул ишараби лъеялъул иш камиллъизаби, лъималазул рагIул нахърател бечелъизаби.

V классалда авар мацIалъул курсалъул гIуцIи

Рахьдал мацIалъул программаялда рекъон, V классалда цIалдохъабазда малъизе ккола фонетика, графика, лексика, рагIи лъугьин, грамматика (морфология, синтиксис). Гьединго цIалдохъабазда лъазе ккола стилистикаялъул ва мацIалъул хIакъалъулъ гIаммал гIелмиял баянал. ЦIалдохъаби ругьунлъизе ккола битIун хъвазе, битIун цIализе, калам гIуцIизе ва лъалхъул ишараби лъезе.

V классалда малъула фонетика, лексика, рагIи лъугьин, морфология ва битIунхъвай. Синтаксисалъул ва лъалхъул ишарабазул хIакъалъулъ бищун гIадатал (авалиял) баянал V классалдаго кьола, морфологияб курс синтаксисалъул кьучIалда лъазабизе, калам цебетIезабиялъул ва пунктуациялъул хIалтIаби гьаризе рес букIине. Программаялда тIолабго материал кьун буго лъималазул гIелазул хаслъабиги хIисабалде росун .

Программаялда кьурал темабазе сагIтал рикьун руго мисалияб къагIидаялъ. Учителасул ихтияр буго мустахIикъаблъун бихьараб бакIалда сагIтазул хиса-баси гьабизе, ай, цо темаялдаса тIаса рахъун, хIажатаблъун бихьулеб цогидаб тема малъиялъе цIикIкIинаризе.

ЦIалдохъабазул калам цебетIезаби  ва гьел пасихIго цIализе ругьун гьари.

Школалда авар мацI малъиялъ цIалдохъабазул логикияб пикру ва калам цебетIезабула.

Калам цебетIезабиялъе цоцада хурхараб лъабго нух буго.

Калам цебетIеялъул тIоцебесеб нух буго авар мацIалъул дарсазда лъималазул рагIул нахърател бечед гьаби.

Авар мацIалъул дарсазда лъималазул рагIул нахърател бечед гьабула батIи-батIиял словариял хIалтIабаздалъун, учебникалда ругел ругьунлъиялъул хIалтIабазул текстаздалъун, кIалзул ва хъвавул изложенияздалъун, сочиненияздалъун. ЦIалдохъабазулгун словарияб хIалтIи гьабулелъул, гьел, жалго жидедаго чIун, ричIчIуларел рагIаби ратизе, гьезул магIна учителасда гьикъизе ругьун гьари, словараздаса битIун пайда босизе лъай – бищунго кIвар бугел хIалтIабилъун ккола.

Калам цебетIезабиялъул кIиабилеб нух буго авар литературияб мацIалъул рагIаби лъугьиналъул, гьел дандраялъул, предложениял гIуцIиялъул, битIун цIалиялъул ва гь. ц. нормаби лъай. Гьеб рахъалъ программаялда жиб-жиб темаялъул кIиабилеб пункталда гъоркь чIванкъотIун бихьизабун буго щибаб классалда лъималазе щвезе кколеб лъайги гьезухъа лъугьине кколеб бажариги.

Калам цсбстIезабиялъул лъабабилеб нухги буго авар мацIалъул дарсазда батIи-батIияб темаялъул ва жанралъул материалазда тIасан цIалдохъаби кIалъазе ругьун гьари.

Калам гIуцIизе цIалдохъаби ругьун гьариялъе лъикIалан заманги бихьизабун буго (Авар мацIалъе рихьизарурал сагIтазул щуго бутIа гьабун цо бутIа). Калам гIуцIизе ругьун гьари цIикIкIараб кIвар бугеб иш бугелъул, гьелъие мацIалъул программаялда жиб-жиб классалъе батIаго темабиги кьун руго.

ЦIалдохъанасда лъазе ккола тексталда тIад хIалтIизе, гьелъул аслияб пикру батизе, къокъаб ва гIатIидаб план гIуцIизе, гьелда рекъон материал тартибалдеги ккезабун, бицунги хъванги изложение тIобитIизе.

Авар мацIалъул дарсазда кIвар кьезе ккола цIалдохъабазул кIалзул монологияб калам камиллъизабиялде. Гьелъие гIоло цIалдохъаби тIамизе ккола батIи-батIиял темабазда тIасан кIалъазе.

ТIолабго лъагIалида жанир гьарурал хIалтIабаздалъунги, изложенияздалъунги, сочиненияздалъунги цIалдохъабазулъ битIараб кIалзул ва хъвавул калам гIуцIиялъул бажари лъугьине буго.

Изложениязе текстал ва сочинениязе темаби тIаса рищулеб мехалъ, гьел тарбия кьеялъул ва гIелмияб рахъалъан дандекколел рукIине ккола.

ЦIалдохъабазул калам цебетIезабиялъе бихьизабураб лъабабго нухалъ гьезул каламалъулъ дандчIвалел гIунгутIаби ва гъалатIал тIагIинаризе квербакъула.

ЦIалдохъабазул калам цебетIезабиялда бухьараб буго пасихIго цIализе лъазабиялъул ишги.

ПасихIго цIалиялъул ругьунлъаби камиллъизаризе, художествиял текстал (хабар, маргьа, кечI) росула.

ПасихIго цIализе лъимал ругьун гьариялъе синтаксис лъаялъулги кIудияб кIвар буго. Гьелъ рес кьола калам камил гьабизе ва цебетIезабизе.

БитIунхъваялъул рахъалъ бажари борхизабула, батIи-батIияб тайпаялъул (гIинзулаб, берзулаб, кантIизариялъулаб, баян гьабиялъулаб, творческияб гIадал) диктантал гьарун.

Контролияб диктанталъе цо дарсил лъикIалан заман кьезе кколеб батани, битIун хъвазе ругьун гьариялъе ругел батIи-батIиял диктантазе дарсил цо бутIа кьуниги гIезе буго.

Диктантазе росулел текстал къваригIарал орфограммабазул рахъалъ  бечедал рукIине ккела. Гьединаб къокъаб диктант, кIиго анкьида жиниб цо нухалдагIаги гьабуни, лъикI букIина.

Учителасе кумекалъе программаялъул ахиралда хъвавул хIалтIабазул (диктантазул, изложениязул ва сочинениязул) къадар бихьизабураб таблица кьун буго.

Авар мацIалъул дарсазда цоги предметазулгун бухьен

Школалда цIалдохъабаз аслияб куцалда лъазабула литературияб мацI. Гьединлъидал щулияб бухьен букIине ккола адабияталъул курсалъулгун. Гьениб кIвар кьезе ккола художествиял асаразде. Гьелъ рес кьола мацIалъул цо-цо хаслъи цебечIезабизе, рагIаби хIалтIизариялда, грамматикиял формабазда, батIи-батIиял синтаксисиял гIуцIабазда, тексталъул бутIабазул ва предложениязул бухьеналъул къагIидабазда, калам хIалтIизабиялъул батIи-батIиял рахъазда хурхарал суалал баян гьаризе.

КIудияб кIвар буго гIурyc мацIалъулгун бухьен кквеялъулги. Гьелъги рес кьола кIиябго мацIалъул грамматикиял гIаммал ва хасал рахъал чIезаризе, ай, цого классалда гьеб кIиябго мацI лъазабулелъул, гьезул дандекколелги кколарелги рахъазул хIисаб гьабун, дарс кьей чара гьечIеб методикияб къагIидалъун ккола. Гьебго абизе бегьула школалда лъазабулеб къватIисеб пачалихъалъул мацIалъул хIакъалъулъги.

Гьаб 5 классалда авар мац1 малъиялъул программа г1уц1ун буго ООО  «Издательство НИИ педагогики» ялъ къват1ибе биччараб «Авар мац1алъул программаби 5-9 ва 10-11 классазе» абураб, Дагъистан Республикаялъул лъайкьеялъул ва г1елмияб министерствоялъ тасдикъ гьабураб программаялъул кьуч1алда

Лъайкьеялъул идараялъул планалда рекъон, авар мац1алъе 5 абилеб классалда бихьизабун буго 2 саг1ат. Кинабниги лъаг1алие – 68 саг1ат

V КЛАСС (68 сагIат)

Байбихьул классазда малъараб
материал такрар гьаби

Лабиалиял гьаркьал ва геминатал. РагIул гIуцIи. Каламалъул бутIаби (предметияб цIар, прилагательное, глагол ва гьезул морфологиял гIаламатал; цIарубакI).

Синтаксис ва пунктуация

  1. РагIабазул дандрай. РагIабазул дандраязулъ аслиябги

нахъбилълъарабги рагIи.

  1. Предложение. Жидеца бицунеб жоялъул мурадалде бала-

гьун, предложениялъул тайпаби: хабарияб, суалияб ва тIалабияб. Интонациялде балагьун, ахIул предложение. Предложениязул ахиралда лъалхъул ишараби.

Предложениялъул бетIерал членал: подлежащее, сказуемое, битIараб дополнение.

Предложениялъул бетIерал гурел членал: хъвалсараб дополнение, определение, хIалал.

ТIиритIаралги тIиритIичIелги предложениял. Тайпа цоял членалгун предложениял. Тайпа цоял членазда гьоркьоб запятая.

ХитIаб. ХитIабгун лъалхъул ишараби. ГIадатаб ва жубараб предложение. Журарал предложениязулъ ругел гIадатал предложениял союзаздалъунги союзал гьечIогоги цолъизаризе бегьи ва запятаялдалъун ратIа тIезари (авалияб баян).

БитIараб калам ва лъалхъул ишараби. Диалог. Диалогалда цебе тире.

2. Хабариял, суалиял, тIалабиял ва ахIул предложениязулъ битIараб интонация цIунизе лъай.

Диалогал ругеб текст, орфоэпияги цIунун, пасихIго цIализе ругьун гьари.

ГIадатал предложениял цолъизарун, журарал предложениял гIуцIизе лъай.

РагIабазул дандраял гIуцIизе, аслияб рагIудаса нахъбилълъараб рагIуе суал лъезе лъай. Цо тайпаялъул предложение цогидаб тайпаялъул предложениялде хисизабизе лъай. Суалал лъун, предложениялъул членал ратIа рахъизе бугеб бажари камиллъизаби.

ТIиритIичIел предложениял тIиритIараллъун гьаризе лъай. Тайпа цоял членалгун предложениял гIуцIизе, гьезулъ лъалхъул ишараби лъезе лъай.

Фонетика ва графика. Орфография

1. Каламалъул гьаркьал. Рагьарал гьаркьал ва хIарпал. Рагьукъал гьаркьал ва хIарпал. Лабиалиял гьаркьал ва геминатал.

Алфавит. Я, е, ё, ю хIарпал. Ъ, ь хIарпал ва гьез тIубалеб хъулухъ.

Слог. РагIи цо мухъидаса цоги мухъиде, слогазде бикьун, боси.

Ударение.

2. РагIабазулъ рагьукъалги ва рагьаралги гьаркьал рихьизаризе лъай.

Литературияб нормаялда рекъон, рагьукъалги рагьаралги гьаркьал битIун абизе ругьун гьари.

Авар мацIалъул орфографияб словаралдаса пайда босизе лъай. РагIаби слогазде ва гьаркьазде риххиялъул байбихьул классазда щвараб бажари жеги камил гьаби.

Алфавиталъул тартибалда рагIаби лъезе лъай. ХIарпал гьаркьаздаса ратIа рахъизе лъай. Фонетикияб разбор гьабизе лъай (бицунги, хъванги).

1. Лексикаялъул хIакъалъулъ бичIчIи. Цо магIнаялъул ва гIемер магIнаялъул рагIаби. Омонимал (лъай-хъвай гьаби). РагIул битIараб ва хъвалсараб магIна. Синонимал. Антонимал.

2. Авар мацIалъул аслиял словараздаса пайда босизе, тексталда синонимал ва антонимал ратизе лъимал ругьун гьари.

РагIи лъугьин ва орфография

1. РагIул аслу ва ахир. РагIул кьибил. Суффикс. РагIаби лъугьин:

а) кIиго рагIи, яги кIиго кьибил жубаялдалъун;

б) суффиксаздалъун (гIаммаб баян).

2. РагIул гIуцIиялъул разбор гьабизе ругьун гьари. Кьибил цоял рагIаби ратизе ва гьезулъ ахир, аслу, кьибил, суффикс бихьизабизе лъай. Каламалъулъ гьединал рагIаби хIалтIизаризе лъай.

МОРФОЛОГИЯ ВА ОРФОГРАФИЯ

Жалго жидедаго чIарал каламалъул бутIаби.
ПРЕДМЕТИЯБ ЦIАР

1. Предметияб цIар. ГIаммаб магIна, морфологиял гIаламатал, синтаксисияб роль.

Хасал ва гIаммал предметиял цIарал.

Хасал цIаразул (гIадамазул, географиял цIаразул, къватIазул, байданазул цIаразул, тарихиял лъугьа-рахъиназул ва пачалихъиял байрамазул цIаразул) бетIералда кIудияб xIарп. ТIахьазул, газетазул ва журналазул, суратазул, кинофильмабазул, спектаклязул, литературиял ва музыкалиял асаразул цIаразул бетIералда кIудияб xIapп. Гьел цIарал кавычкабаздалъун ратIа гьари. Цо-цо гIаммал цIарал хасаллъун ккей.

Предметияб цIаралъул гIемерлъул форма лъугьин. ГIемерлъул форма лъугьунаго, аслуялъулъ кколел хиса-басиял.

2. Жиндирго каламалъулъ синонималлъун кколел предметиял цIарал ратIарахъизе лъай, гьел хIалтIизаризе цIалдохъаби ругьун гьари. Аслуялъулъ тIубанго хиси ккун лъугьунел рагIаби лъай. Цо-цо рагIул гIемерлъул форма букIунареблъи лъай.

Суффиксазул кумекалдалъун цолъул формаялдаса гIемерлъул форма лъугьинабизе лъай. Цогидал рагIаби предметиял цIаралгун жинсгун формаялъулъ рекъезаризе лъай.

ГЛАГОЛАЛ

1. Глагол. ГIаммаб магIна, морфологиял гIаламатал ва синтаксисияб роль. Рухьарал ва тIадчIарал глаголал. Цо-цо глагол, лексикияб магIнаялде балагьун, бухьараблъунги тIадчIараблъунги букIине бегьи (кваназе, сверизе). Жинсиял ва жинсиял гурел глаголал.

Глаголияб цIар. Глаголалъул заманаби: араб, бачIунеб, гIахьалаб, гьанже заман, гьел лъугьин ва гьезул буголъиялъул, гьечIолъиялъул форма.

2. Жинсиял глаголал предметиял цIаралгун рекъезарун, калам гIуцIизе ругьун гьари. Синонимиял ва антонимиял глаголал жидерго каламалъулъ хIалтIизаризе ругьун гьари. Рухьарал ва тIадчIарал (переходниял ва непереходниял) глаголал ратIа гьаризе лъай.

Заманиял формабазде глагол хисизабизе лъай. Ункъабго заманалъул гьечIолъиялъул форма лъугьинабизе лъай.

Такрар гьаби

Калам цебетIезаби

Каламалъул стиль. Каламалъул гара-чIвариялъулаб ва гIелмияб стилалъул хIакъалъулъ дагьабго лъай-хъвай гьаби. Тема ва тексталъул аслияб пикру. Текстал рагIун, хехго. гъалатIал риччачIого, цIализе лъай. Интонацияги цIунун, батIи-батIиял тайпабазул предложениял цIализе ругьун гьари.

ЦIиял рагIаби битIун абизе ва хъвазе, гьезул магIна бицине, гьезие синонимал ва антонимал ургъизе лъай.

БатIи-батIиял грамматикиял формабазда цIиял рагIабиги ккезарун, предложениял гIуцIизе лъай.

Суалаздалъун предложениял тIиритIизаризе лъай.

ГIурусалдаса авар мацIалде 3-5 предложениялдасан гIуцIарал гьитIинал текстал руссинаризе лъай.

Сверухъ бугеб тIабигIаталда хурхараб темаялда тIасан гара-чIвари гIуцIизе бажари.

Жидецаго ургъун, суалал лъезе, малъарал грамматикиял формабаздаса ва предложениязул тайпабаздаса пайдаги босун, гьезие жавабал кьезе ругьун гьари.

ГьитIинаб тексталъул гIадатаб план гIуцIи (бицунги хъванги).

Предметазе гьабураб сипат-сурат цIунун, хабарияб тексталдасан изложение хъвай.

Суалазда ва планалда рекъон, цIалараб тексталъул тартибалда хIасил бицине (абунги хъванги).

Сюжеталъулаб сураталдасан сочинение хъвазе.

Жиндирго хIакъалъулъ, дарсазда жинцаго цIалараб тIехьалъул хIакъалъулъ бицине лъай (абунги хъванги).

Телевизоралдаги киноялдаги рихьарал фильмабазул бицине лъай (абунги хъванги).

Кагъат хъвазе лъай.

БатIи-батIиял темабаздасан сочинение хъвазе лъай.

V классалъул цIалдохъабазул лъаялдехун
ва бажариялдехун ругел аслиял тIалабал.

ЦIалдохъабазда лъазе ккола:

рагIул битIараб ва хъвалсараб, гIемер ва цо магIна букIин, омонимал, синонимал ва антонимал;

фонетикияб, морфологияб ва рагIул гIуцIиялъул разбор гьабизе;

батIи-батIиял тайпабазул гIадатал предложениял гIуцIизе;

гIадатал предложенияздасан союзаздалъунги союзал гьечIогоги журарал  предложениял гIуцIизе;

учебникалда кьурал схемабазда рекъон, предложениял гIуцIизе;

аслуялъулъ хиси кколел предметиял цIаразул гIемерлъул форма битIун лъугьинабизе.

Щалдохъабазухъа бажаризе ккола:

орфографиялъул рахъалъан: гIадамазул ва географиял цIаразул; къватIазул, байданазул ва пачалихъиял байрамазул цIаразул бетIералда кIудияб xIарп хъвазе;

тIахьазул, газетазул, журналазул, суратазул, кинофильмабазул, литературиял асаразул цIаразул бетIералда кIудияб xIapп хъвазе ва кавычкаби лъезе;

журарал рагIаби битIун хъвазе;

кули, нус, муч, хIуби ва гIop гIадал рагIаби битIун падежазде сверизаризе.

Пунктуациялъул рахъалъан: хитIабазулъ лъалхъул ишараби лъезе; журарал предложениязулъ запятаял лъезе;

тайпа цоял членазулъ ва битIараб каламгун предложениялъулъ лъалхъул ишараби лъезе.

Орфоэпиялъул рахъалъан:

геминатал ва лабиалиял гьаркьал битIун рахъизе; бакIалъул диалекталде дандеккун литературияб мацIалъулъ ругел батIи-батIиял гьаркьал битIун рахъизе.

Калам гIуцIиялъул рахъалъан:

тексталъул тема ва аслияб пикру чIезабизе;

хабарияб тексталъул гIадатаб план гIуцIизе;

дурусго ва къокъго хабариял текстал рицине ва хъвазе;

бихьизабураб темаялда тIасан сочинение хъвазе;

жинцаго гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ хабар хъвазе ва бицине;

информацияб тайпаялъул кагъат хъвазе;

жиндирго пикру баянго, дурусго бицине, берцинго хъвазе, хIажат гьечIеб такрарлъи биччангутIизе, жиндирго каламалъулъ лексикиял синонимал хIалтIизаризе.

Календариябгун  –  тематикияб  план

             Дарсил тема  

Саг1ат

Дарсил тайпа

Рокъобе х1алт1и

Дарсида гьарулел ишал

Ц1алдохъабазда лъазе ккола

1 четверть – 16 саг1ат

1

«Дир г1агараб авар мац1» - авар литературияб мац1. Раг1ул   г1уц1и. К1ирекъарал   х1арпал.

1

Такрар гьабиялъ.

п. 1-3,   х1.  17

Араб материал такрар гьаби

К1ирекъарал  х1арпазул бит1унхъвай

Раг1ул бут1аби рат1а гьаризе

Бат1и-бат1иял къаг1идабазда раг1и лъугьинабизе

2

Предметияб  ц1аралъул  г1адатал   ва  бак1алъул       падежал

1

п.  4-  6, х1. 24

Г1адатал ва ба-к1алъул падежа-зе баян кьей

Падежазде пред. ц1арал  хисизе лъай

3

Халгьабиялъул   диктант  

«Гъалбац1ги   гьойги»

1

Халгь.

дарс

такрар   гьабизе

Диктант хъвай

Предложениялъул членал рихьизаризе

4

Прилагательное.  Ц1арубак1

1

Г1амгьаб.

дарс

п.  7-8, х1.30

Прилагательно-ялъе  баян къей

Каламалъул бут1аби рат1а рахъизе лъай

5

Глагол

1

Практик.

п.9-11,  х1.37

Жалго жидедаго ч1ун х1алт1аби

Глаголгун предложениял г1уц1изе, гьенир гьел рат1а гьаризе лъазе

6

Ругьунлъиялъул  диктант 

«Маргьа- бицанк1о»

1

Халгьаб.

такрар  гьабизе

Диктант хъвай

7

Раг1абазул   дандрай

1

Ц1ияб мат. малъи

  п. 12, х1.45

Раг1абазул дандраял г1уц1и

Раг1абазул данраязул разбор гьабизе ругьун гьари

8

 Раг1абазул   дандраязул   разбор

1

гьум. 19, х150

Раг1абазул дан-драял г1уц1и, гьелгун предло-жениял ургъи

Раг1абазул дандраялгун предложениял ургъун бажаризе

9

Калам  цебет1езаби

Ругьунлъиялъул  сочинение

 «Меседилаб  хасалихълъи»

1

Халгьабиялъул

хъван  лъуг1изабизе

сочинениялъе материал данде гьабизе

сочинениялъе план ургъизе, гьеб хъвазе

10

Предложение

1

 п. 13,  х1. 55

Предложениялъе баян кьей

Пред. тайпаби лъай

11

Хабарияб,  суалияб,  т1алабияб  предложение.  Ах1ул  предложение

1

Ц1ияб

мат.малъи

п.14-15,  х170, 82

Пред. тайпабазе баян кьей

Маг1наялде балагьун, г1адатал предложениязул тайпаби лъазе

12

Халгьабиялъул   диктант «Мут1иг1лъулареб  ордек»

1

Халгьаб.

дарс

такрар  гьабизе

Диктант хъвай

Тексталъул х1асил бицине

13

Подлежащее

1

Ц1ияб дарс

малъи

п. 16,   х1.85

Подлежащеялъе баян къей

Бат1и- бат1иял каламалъул бут1аби подлеж.х1алт1изаризе ругьун гьари

14

Сказуемое

1

Ц1ияб дарс

малъи

П.17, х1.109

Сказуемоялъе баян къей

Сказуемое бат1абахъизе ругьун гьари

15

Бит1араб   дополнение

1

Ц1ияб дарс малъи

П.18, х1.112

Предложениязул разбор, каточкабазда х1алт1и

Бит1араб дополнениеялъул предлож.жаниб к1вар лъазе, рекъонкколеб х1учч ц1ан, бихьизабизе лъай

16

Ругьунлъиялъул   диктант

 «Надир-шагь   ва  сугъул»

1

Ругьунгьариялъул

такрар  гьабизе

Диктант хъвазе ругьун гьари

Бит1ун хъваялъул орфограммаби лъай

2 четверть – 14 саг1ат

17

Определение

1

Г1адатияб

п. 19,  х1.  119

Определениялъе

баян кьей

Определение батизе лъай

18

Хъвалсараб  дополнение

1

Ц1ияб дарс малъи

п.20,  х1.  127

Хъвалсараб доп.баян кьей

Хъвалсараб дополнение цогидал  членаздаса бат1а бахъизе ,предложениялда жаниб батизе

19

Х1ал

1

п. 21,  х1.142

Х1алазул тайпа лъазе

Синт.разбор гьабизе  лъай                                                    

20

Калам   цебет1езаби  Ругьунлъиялъул  изложение  «Оцолги  къоркъолги    ккараб»

1

Калам

цебет1езаби

хъван   лъуг1изабизе

Изложение хъвай, гьелъие план г1уц1и

Тексталде г1агарун изложение хъвазе, гьелъие план ургъизе

21

Т1ирит1арал   ва  т1ирит1ич1ел  предложениял

1

п.22,  х1. 149

Пред баян кьей, гьит1инабго дик-тант, гьенир т1и-рит1арал ва т1и-рит1ич1ел предл .рихьизаризе

Т1ирит1арал ва т1ирит1ич1ел предложениял рат1а рахъизе лъазе, гьел тексталъулъ ратизе, гьединал предложениял жидецаго г1уц1изе ва т1ирит1арал предл.т1ирит1ич1ел гьаризе цинги г1аксалдаги

22

Тайпа   цоял  членалгун  предложениял

1

Ц1ияб матер.

малъи

п. 23,  х1.  156

Тайпа цоял чле-назе баян кьей, т1ехьалдаса х1алт1аби т1урай

Тайпа цоял членазе баян лъазе, гьелгун ишараби лъезе  ва предложениял г1уц1изе лъазе

23

Тайпа  цоял  членалгун   лъалхъул    ишараби

1

п.  23,   х1.163

Тайпа цоял членазулъ лъалхъул ишараби лъезе ругьунлъи

24

Халгьабиялъул   диктант 

«Наязул  гьужум»

1

Халгьабиялъул

такрар  гьабизе

Диктант хъвай

Наязул хасият рагьизе

25

Хит1аб

1

Ц1ияб дарс малъи

т. 24,  х1.178

Т1ехьалдаса х1алт1и

Хит1абалъе баян кьей, предложениялъул гьеб батизе ва х1алт1изабизе

26

Г1адатаб   предложениялъул   разбор

1

Г1амлъизабиялъул

гьум. 64,  х1.189

тесталъулаб х1алт1и, рпедложениязул разборал гьари

Г1адатаб предложениялъул разбор гьабизе ругьунлъи, гьел жидецаго г1уц1изе бажари лъадари

27

Г1адаталги   жураралги  предложениял

1

Ц1ияб

дарс малъи

п.25,  х1.199

Журарал пред баян кьей

Синт.разбор

28

Ругьунлъиялъул  диктант

 «Лъалищ  нужеда?»

1

Ц1ияб

дарс малъи

Муг1алимас кьурал предложениязе разбор гьабизе

диктант хъвай

Предложениязул ахиралда бит1араб ишара лъезе

29

Бит1араб  калам

1

Ц1ияб  дарс малъи

п.  26,  х1.210-211

Бит1араб каламалъе баян кьей

Бит1араб калам г1уц1изе бажари, гьебгун ишараби лъезе лъай

30

Диалог

1

п.27,  х1.219

диалогал г1уц1и, т1ехьалдаса х1алт1аби гьари

Диалог г1уц1изе лъай

3 четверть – 20 саг1ат

31

Калам  цебет1езаби. Ругьунлъиялъул  изложение  «Намус»

1

Халгьабиялъ

хъван лъуг1изабизе

Изложение хъвазе ругьунлъи

Изложениялъул текст хъвазе бажари лъадари, гьелъул хасият рагьи

32

                 Фонетика  ва  графика                Каламалъул  гьаркьал

1

Ц1ияб тема малъи

п.28,х1.224

Гьаркьазе  баян кьей,  т1ехьалдаса тема цадахъго лъазаби

Гьаркьал ва х1арпал лъай,  гьаркьал рит1ун рахъизе ругьунлъи, гьел рахъулел лугбузде ц1арал лъазаризе

33

Рагьарал    гьаркьал

1

Ц1ияб дарс

п.29, х1.236

Х1арпазул ва гьаркьазул диктант

Рагьарал рагьукъал гьаркъал бат1а рахъизе ругьун гьари

34

Рагьукъал  гьаркьал

1

Ц1ияб тема малъи

п.29, х1.238,239

Карточкабазда ва т1ехьалдасаби гьари х1алт1и

Рагьарал ва рагьукъал гьаркьал рат1а рахъизе, гьезул хасият ва тайпаби лъазе

35

Алфавит

1

Ц1ияб тема малъи

п.30,  х1.251

Т1ехьалдаса алфавит ц1ализе ругьунлъи

Алфавит рек1ехъе лъай

36

Калам  цебет1езаби. Ругьунлъиялъул  изложение  «Х1амаги  г1анк1ги»

1

Калам цебет1ей

хъван  лъуг1изабизе

Изложениялъул тексталда т1ад х1алт1и, план ургъи

Тексталде г1агарун изложение хъван бажаризе

37

Е, Ё, Ю, Я  х1арпал

1

Ц1ияб дарс малъи

п.  31, х1. 259

Е,ё,ю,Я х1арпазе баян кьей, гьел-гун раг1аби ур-гъи, гьел гьор-кьоре ккезарун, предложениял г1уц1и; т1ехьал-даса параграф ц1али

Ё,е,ю,я гьаркьал ва х1арпал рат1а рахъизе бажаризе, гьел авар мац1алда х1алт1изариялъул хаслъи лъай

38

Ъ   ва  Ь

1

Ц1ияб дарс малъи

п.32,  х1.263

Ъ, ь ишарабазул х1акъалъулъ баян кьей. Т1ехьалдаса х1алт1и

Ъ, ь ишарабазул х1акъалъулъ лъазабизе, гьелгун раг1абазул бит1унхъвай  лъазе

39

Слог  ва  раг1и  бикьун  боси.

1

Ц1ияб дарс малъи

п.33,  х1.265

Слогалъе баян кьей

Раг1и слогазде биххизе ругьун гьари

40

Ударение.  Раг1ул  фонетикияб   разбор

1

Ц1ияб дарс

п. 34, х1.273

Раг1абазул фонетикияб разбор гьаби, ударениялъул бицин

Раг1абазулъ ударение бит1ун абизе ругьунлъи, гьелъул к1вар бич1ч1и; раг1абазул фонетикияб разбор гьабун ругьунлъи

41

Ругьунлъиялъул  диктант «Хъазги  церги»

1

халгьабиялъул

такрар  гьабизе

Диктант хъвай

Диктанталъул тексталъул маг1на рагьизе

42

Лексика Лексикаялъул   х1акъалъулъ  бич1ч1и. Раг1ул  маг1на. Цо  маг1наялъул  ва г1емер  маг1наялъул  раг1аби.

1

Ц1ияб дарс малъи

п.35-36,х1.288

Лексикаялъе баян къей, т1е-хьалдаса тема лъазаби, х1алт1а-би т1урай

лексика щиб кколеб лъай; гьенир ругел раг1абазул тайпаби лъай, гьелгун предложениял г1уц1изе бажаризе

43

Раг1ул  бит1араб  ва хъвалсараб  маг1на

1

Ц1ияб тема малъи

п.37,  х1.298

Т1ехьалдаса х1алт1и

Раг1ул бит1араб ва хъвалсараб маг1на лъазе, к1иябго маг1наялда предложениял г1уц1изе; бит1раб ва хъвалсараб маг1на бат1а бахъизе

44

Халгьабиялъул    диктант

 «Кверда ругьунаб  мокъокъ»

1

Халгьабиялъул

такрар  гьабизе

Диктант хъвай

Т1абиг1ат ц1унизе ккей ва гьелъул пайда бич1ч1и

45

        Синонимал.  Омонимал

1

Ц1ияб дарс малъи

п.38-39,х1. 303

Синонимазе,омонимазе, антони-мазе баян къей

Омонимазе. Синонимазе мисалал рачине лъай, гьелгун предложениял г1уц1ун бажари

46

Антонимал

1

Ц1ияб тема малъи

п.40,  х1.319

Антонимал, си-нонимал, омони-мал ургъи. Гьел-гун предложени-ял г1уц1и; раг1а-базул диктант

Оионимал, синонимал, антонимал рат1а рахъизе лъай, гьелгун предложениял г1уц1изе бажаризе

47

Раг1и  хиси.  Раг1и  лъугьин.

1

Тема щула гьаби

п.41, х1.325

Раг1и лъугьиналъе баян къей, раг1абазул разборал гьари

Раг1и хиси ва раг1и лъугьин бат1а бахъизе лъай, раг1и лъугьиналъул разбор гьабизе бажари

48

Калам  цебет1езаби. Ругьунлъиялъул  изложение «Ясги  ц1ц1еги»

1

Калам цебет1ей

хъван  лъуг1изабизе

изложениялъул тексталда т1ад х1алт1и

Изложениялъул тексталъул идеяб маг1на рагьизе

49

Раг1ул  ахир  ва  аслу

1

Тема щула гьаби

п. 42, х1. 330

Т1ехьалдаса х1алт1и, карточкабаздаса х1алт1и

Раг1ул г1уц1иялъул разбор гьабизе лъай

50

Раг1ул  кьибил. Суффикс.

1

Тема щула гьаби

п.43-44,  х1.352

Т1ехьалдаса х1алт1и, тестал

Рагул г1уц1иялъул

4 четверть – 16 саг1ат

51

Раг1ул  кьибилалъулъ   гьаркьазул  хиси. Рагьарал  гьаркьазул  хиси.

1

Ц1ияб дарс малъи

п.45-46, х1.359

Тесталъулаб ва т1ехьалдаса х1алт1и

Раг1и падеждазде сверизабизе лъай

52

Рагьукъал  гьаркьал  хиси

1

Ц1ияб тема малъи

п.47,  х1.370

Т1ехьалдаса х1алт1и

Раг1улъ колел хисаби лъазе, гьезие баян кьезе

53

Раг1аби  лъугьин

1

Тема щула гьаби

п.48,  х1.373-377

Т1ехьалдаса х1алт1и, муг1а-лимас кьурал ра-г1абаздаса ц1ияб маг1наялъул раг1аби лъугьинари

Раг1аби лъугьиналъул къаг1идаби лъазе, цо раг1удаса цогидаб раг1и лъугьинабизе бажаризе

54

Ругьунлъиялъул  сочинение «Их»

1

калам цебет1езабиялъул

Сочинение хъван  лъуг1изабизе

Сочинениялъе материал данде гьаби

Жидерго пикраби бухьараб тексталдалъун  хъвавулаб каламалда лъей

55

Предметияб ц1аралъул  маг1на  ва  гьелъул  грамматикиял  г1аламатал.

1

Тема щула гьабиялъул

п.49,х1.382

Пред .ц1аралъе баян къей

 Предметияб ц1аралъул грам.г1аламатал лъай

56

Предметиял  ц1арал предложениялъул   членаллъун  х1алт1изари

1

Ц1ияб тема малъиялъул

п.50,  х1.400

Предложениял г1уц1и, раг1абазул дик-тант т1обит1и

предметиял ц1аралгун предложениял г1уц1изе бажаризе, журарал предметиял ц1аразул бит1унхъвай лъай

57

Ругьунлъиялъул  диктант  «Берзул  нур  ц1уне»

1

Халгьабиялъул

такрар  гьабизе

Диктант хъвазе ругьунлъи

Беразул нур ц1унизе кколеб куц бич1ч1и

58

Хасал  ва  г1аммал  ц1арал. Предметияб  ц1аралъул  жинс.

1

Ц1ияб дарс малъи

п. 51-52,х1.420

Кьураб текста-лъулъ предме-тиял ц1арал ра-тизе, гьезул па-деж, форма, жинс хъвазе

Хасал ва г1аммал ц1арал каламалъулъ х1алт1изари.

59

Предметияб  ц1аралъул  форма

1

Тема щула гьаби

п.53, х1.435

Т1ехьалдаса халт1и

Предметияб ц1аралъул формаби лъай, цолъул форма г1емерлъулалде ва г1емерлъул цолъулалде сверизабизе бажари

60

  Халгьабиялъул  диктант  «Галав»

1

Халгьабиялъул

такрар  гьабизе

Диктант хъвай

61

Глагол. Рухьарал  ва  т1адч1арал  глаголал

1

Ц1ияб дарс малъи

п.54-55,х1.464

Глаголалъе баян кьей

Рухьарал ва т1алч1арал глаголазе баян лъай, предложениялда жанир гьезул маг1на бич1ч1и

62

Жинсиял  ва жинсиял  гурел  глаголал Глаголияб  ц1ар  

1

Ц1ияб тема малъи

п.56-57,х1.475

Т1ехьалдаса х1алт1и

Глаголазул жинсиял ва жинсиял гурел г1аламатал лъай

63

Глаголалъул  заманаби

 Араб  заманалъул  глагол

1

Ц1ияб тема малъи

п.58-59,х1.484

Техьалдаса х1алт1аби гьари

Глаголалъул заманаби лъай, глагол замнабазда хисизабун бажари, предложениялда жаниб глалалъул роль бич1ч1и

64

Бач1унеб  заманалъул  глагол

Г1ахьалаб  заманалъул  глагол

1

Ц1ияб тема малъи

п.60-61, х1.489

«Дир хъизан» гьит1инабго хабар хъвазе

глаголалъул заманаби предложениялъулъ рит1ун х1алт1изарун бажари

65

«Бук1ин»  глагол  заманабазде  хиси Глаголалъул  разбор.

1

Ц1ияб тема малъи

п.62, х1.505

К1алзулаб тест т1обит1и, суала-зе жавабал гьари, т1ехьалдаса х1алт1аби т1урай

Глагол заманабазде хисизе лъай

66

Такрар  гьаби

1

Г1амлъизаби

 

Х1аял  т1орит1и

67

Нахътей (резерв)

1

68

Нахътей (резерв)

1

Ц1алдохъабазе литература:

М.Г1.Г1абдулаев, М.М.Муртазаг1алиев. Авар мац1. 5 класс. Махачкала. ООО «Издательство НИИ педагогики», 2010

Мух1амадханов М.М.  Авар мац1алъул фразеологияб словарь. Мах1ачхъала Дагъучпедгиз, 1993

Авар мац1алъул бит1унхъваялъул словарь. Махачкала, Дагучпедгиз, 1989

Муг1алимасе литература: 

М.-К. Гьиматов Рек1елгъеялъулаб грамматика. Мах1ачхъала Дагъучпедгиз, 1980

Ах1мад Х1амзатов. Авар мац1алъул муг1алимзабазе творческиял х1алт1абазул мажмуг1. Типография ИП Тагиева Р.Х., Махачкала,

Камилова З.М. Авар мац1алъул дарсазда т1орит1улел дидактикиял х1аял (методика), Мах1ачхъала, 2010

Материалалдалъун ва техникиял алатаздалъун хьезари:

   -  мультипроектор

 - интерактивная доска

 - фонохрестоматия

 - компьютер

 - дирго дарсазул разработкабазул дискал

 - электронияб адрес


По теме: методические разработки, презентации и конспекты

Рабочая программа по русскому языку 10 класс к учебнику Бабайцевой, Рабочая программа по литературе 11 класс к учебнику под редакцией В.П.Журавлёва

В этом году появились новые требования к оформлению учебных программ по всем предметам. Данные программы составлены в соответсви с новыми требованиями. Они помогут учителям русского языка и литературы...

Рабочая программа по английскому языку (7 класс) на тему: Рабочая программа для 7 класса по ФГОС НОО по английскому языку к УМК под редакцией Биболетовой М.З.

1. Пояснительная запискаОбщая характеристика учебного предмета. Иностранный язык (в том числе английский) входит в общеобразовательную область «Филология». Язык является важнейшим средством общен...

Рабочая программа по русскому языку 8 класс к учебнику Т. А. Ладыженская и рабочая программа по литературе 8 класс Курдюмова Т.Ф.

Рабочая программа и тематическое планирование  8 класс по русскому языку и литературе...

Рабочая программа по русскому языку 5 класс Разумовская, рабочая программа по литературе 5 класс Меркин, рабочая программа по русскому языку 6 класс разумовская

рабочая программа по русскому языку по учебнику Разумовской, Львова. пояснительная записка, календарно-тематическое планирование; рабочая программа по литературе 5 класс автор Меркин. рабочая программ...

Рабочая программа по аварскому языку и литературе

Жакъасеб школалда т1адаб борч ккола г1ун бач1унеб г1елалъе гъваридаб ва щулияб г1елмияб лъай кьей, гьеб жидер практикаялъулъ х1алт1изабизе ругьун гьари, дунялалдехун материалистияб бербалагьи лъугьина...

Рабочая программа по русскому языку 9 класс(на 3 часа) .Программа: Русский язык. 5—9 классы общеобразовательных организаций / Л. О. Савчук ; под ред. Е. Я. Шмелёвой. — М. : Вентана-Граф, 2017. — 154 с.

Предлагаемая рабочая программа для учащихся 9-а  класса  составлена создана на основе федерального компонента государственного стандарта основного общего образования, требований к результата...

РАБОЧАЯ ПРОГРАММА по русскому языку.5 класс.Программа создана на основе ФГОС, программы основного общего образования « Русский язык: 5-9 класс» под. ред. А.Д. Шмелева.М.: Вентана-Граф

Программа создана на основе ФГОС ООО, Требований к результатам ООО и Примерной программы по русскому языку для основной школы. Программа имеет экспертное заключение кафедры филологии,журналистики и ме...


 

Комментарии

Уважаемые коллеги! Напишите, пожалуйста, мне ваше мнение о программе. И как его совершенствовать? Буду очень рада. Спасибо