сценарий для КВНа на аварском языке
материал
Сценарий КВНа на аварском языке создан учителями аварского языка и литературы Дылымской гимназии Батиевой Динарой Кехурзаевной и Ахмедхановой Заргат Рашидовной для выступления нашей команды в районном конкурсе КВН учащихся на аварском.
Скачать:
Вложение | Размер |
---|---|
сценарий КВН на аварском | 26.94 КБ |
Предварительный просмотр:
Авар мац1алда районалъулаб КВНалъе сценарий
1 конкурс: Приветствие.
Школалъул сурат доскаялда. Понц1ерабаз къач1араб рукъ. Понц1ерабазда гъоркь хъван буго: ДМГялъул 11 класс лъуг1арал къват1ире гъеялъул тадбир.
Выпускникал ва умумул залалда г1одор ч1ун рук1уна.
Залалдасан яхъун ч1уна цее тадбиралъул тамада. (хаш-мушго рет1а-къарай, бет1ер т1ех1ай, ч1ах1иял ц1оробералги лъун)
- Рорч1аааааамиииии, рорч1арал, рач1арал, Мух1амадал, Пат1иматал, диванчаг1и, давлачаг1иии. Ассаламуг1алайкум, Къурах1ма, Даци, Арбули, Г1абдуч1икъир, Бугъачи, Чингачгук, чуваш, саварт, къанизооооо. Нуж ккола димигиялъул 11 класс лъуг1арал егъэ т1омот1а лъуралги лъунин ккаралги къват1ире гъеялъул тадбиралъул гьал-бал. ..
Гьаб бак1алда хъат ч1вала. (аплодисменты)
Бакъан.
- Сценаялде рахъуна гьаб ах1иялда: т1анч1и т1аде, улбул – гъоркь.
Адам
Залалдасан Адамица абула:
- Гьаб щай цин дун? Мух1амад ах1е!
Мух1амад, залалдасанго т1адеги вахъун:
- Я вац, дун те, анц1го соналъ ах1улевго ах1улев вугин.
Тамада:
- Циндаго лъелал. Рек1арал ахиралда.
Адам сценаялде вахуна.
Тамада:
- Г1абдулгъапур! Рагьараб рак1! (гурдил керенги рагьун вач1уна, кереналда рак1алъул сурат, кодоб таманча, мугъалда табличка – «Эмен – «Газпром»» ) .
- Г1алиасх1аб! Унго-унгояв патриот! (г1арадаги хадуб ц1ан, сценаялде вахуна. Бот1рода пилоткаги лъун, рагъулаб формаялда, пионеразул салют кьолаго. Бакъан – «Взвейтесь кострами», мугъалда табличка –« К1одоэмен – рагъул г1ахьалчи»)
- Сакинат! Гьаракь берцинай мокъокъ! (намусго залалдасан яч1ун, сценаялда г1одой ч1ола).
- Рамазан! Заманалъул г1аламат! (мугъалда хъван «Эмен - Минобр»)
- Ибрагьим! (мугъалда –« Эмен – «Рособрнадзор»)
- Аминаааат! Спротсменай, комсомолай!
- Айтимер! Рокьул къайис! (мугъалда - Анкьэмен – Хъах1абросулъа Мах1муд)
- Забих1ааат! Баг1арал черекал, чарал щватаби!
- Нилъер даимав ц1алдохъан – г1одоб х1ет1 хъваларев кепав кьурдухъан – Му-х1а - мад! (тукадул гьакида рек1ун вач1уна, гьакида т1ад таксиялъул шашкагун, мугъалда – «эмен – таксист»)
Киналго кьерда ч1ола.
Тамада:
- Дунги - нужер х1урматияй лагъ, гьаниса-дояса ах1ун яч1арай, концертал рачуней, гьунар т1ок1ай Кистамаааааан!
Киназго цадахъ:
Ах1араб коч1оцаги кепаб махсароялъги
Руссен берцин гьабулел гимназиялъул артистал.
Тамада:
- Гьале нужей «Хохочал»!
Гьанже ихтияр кьола нужерго бак1азда г1одор ч1езе. (цоцалъ къацандулаго, столазда нахъа г1одор ч1ола).
Тамада:
- Нилъее ихтилаталъе яч1ун йиго Россиялдаго машгьурай коч1охъан, кепай зурмихъан – Дун!
Тамада:
- Исана гимназиялъе риччалел аттестатазул къадар къогоялъ дагьлъун буго. Лъай кьеялъул управлениялъул х1укмуялда рекъон, аттестаталъе мустах1икъайлъун йихьизаюна, волейболалъул х1аязда торг1о бищунго рик1к1аде кьабурай Аминатиеееее! (Аминатица, кьабун кверги бачун, аттестат босула. Квер бачиналъул х1алалъ тамада к1ус-к1усун уна.)
Лъавудаса арай тамада Сакинатица лъим пунхъун, Забихатица гьури гьабун, йигьуна.
Х1алица т1адеги яхъун, сородилаго тамадаялъ абула
- Гьелъие музыкалияб сайигъат. (кеч1 «Чебурашка»)
Г1одор ч1аразул рази гьеч1олъи загьирлъула:
- Гьеей, маг1арулаб пуй! - ан ах1дола.
Гьез 50 гъурущ бит1а-бишизабун коч1охъаналъе кьола. (кеч1 –« Гуро гьит1инаб гьеч1о»)
Ясазул къокъаялдаса Аминатица Сакинатихъе азарго гъурущ бегьула. Гьелъ, коч1охъаналда цожо щурула. (кеч1 – «Биччанте, Мух1амад, цо щобил бакъан»).
Тамада:
- Хут1ана жеги цо аттестат.
Залалдасан ах1т1ола:
- Можоро бахъе.
Рамазаница абула:
- Щугог1ан соналъ гьелъухъ инагьдулев гьав Мух1амадил мурад т1убазабе! Ниж г1агараб школагун рат1алъизе жеги х1адур гьеч1о.
- Рехе гьев гьавалде! (реплика)
Мух1амадие аттестат кьола. Кьурдул бакъан т1амун, гьев сверун васалгун ясал кьурдула. (васаз танчал кьвагьула ва ц.).Гьесда т1аде карточкабазул (лъималазул х1алел) ц1ад бала.
Киназго, сценаялъул раг1алде рахъун, бет1ер къулула.
2 конкурс: Биатлон.
3 конкурс: Рокъоб х1алт1и.
Иш лъугьуна школалда, т1оцебесеб дарс байбихьилалде.
Радалисеб линейкаялде ц1умур кьабула. Школалъулаб радиоялъул позывноял.
Авар халкъияб бакъан.
- Рорч1ами, х1урматиял радиоялъухъ г1енеккулел! К1алъалеб буго школалъулаб радио «Нилъерго карачелазда». Жакъа буго итни, щуабилеб март. Дагьал къоял хут1ана бищунго берцинаб байрам – Руччабазул Къо т1аде щвезе. Щвараб ресалдаса пайдаги босун, гимназиялъул т1олабго коллективалъ жакъаялдасаго баркулеб буго районалъул киналниги руччабазда гьеб байрам. (Командаялъ тюльпанал кьола залалда г1одор ч1арал руччабазе, ясазе.)
Гьанже г1енекке лъазабиялъухъ.
Гимназиялда ц1ализе вач1ун вуго ц1ияв ц1алдохъан. Гьев г1адатияв вас гуро. Гьев вуго отличник, спортсмен, «Цогояб Россия» партиялъул х1аракатчи, къокъго абуни, Г1алиев Супиян Дамдамаевич.
Гьалдалъун нижер эфир ахиралде щвана. Къо бит1аги.
Лъимал ах1и-х1уралде классалъуре лъугьуна. Гьенив ц1ияв ц1алдохъан сверун лъугьуна.
Цоял уна сценаялдасан «9а» табличкагун.
- Гьединав кутакав чийищха ле мун?
- Кинаб кутаклъи: ц1акъ багьаяб иш. Балъго абуни, дир буго цо бат1ияб гьунар. Дида к1ола нужеда диего бокьараб гьабизабизе.
- Ууууу!
- Х1албихьеха.
- Лъик1 буго. (Цо кинабали ишанги гьабун) Мун вуго пачалихъияв х1аракатчи. Дур васас географиялъул экзамен кьеч1о. (цогидасда ишара гьабун) . Мун гьасул вас.
Инсуца,васасда цебе экзаменалъул кагъатги хьваг1езабулаго, вагъулеб куцалъ абула:
- Гьаб жоялда ц1ар щиб? дуца экзаменалъе к1ийилаб щай босараб? (ах1т1ола, ч1ич1идула, васасда горболъ хъат бахинабула).
Васас, дагьабги гьаракь борхун, абула:
- Дица экзамен кинха кьелеб бук1араб: школалдеги нахъеги гурони нух бихьич1ев чияс, гьебги ч1ег1ерал ц1урдузул машинаялда. Дуца дун киве вачарав? Лондон дида бихьунищ бук1араб, картаялда бугеб бак1 лъазе ккани? Гьереси бицине дидаги к1веч1о.
Эмен дагьавги ццидахуна.
- Дун дуде рег1унищ вугев? Дудаса к1вар бугеб буго дир х1алт1и. Мунгун тиризе заман гьеч1о.
- Дун нужее т1ок1ав чи кколаха?
- К1ал бог1ое теее!
Эмен кьабизе вортула. Гьеб заманалда гьел лъавуде рач1инарула.
Киналго риххун хут1ула:
- Гьеле жооооо!
Цогидас ц1иясда цожо щурула. Нахъисеб партаялда рокьиккарал рихьизарула. Гьел, цоцахъ ралагьун, конфетал ц1унк1улел рук1уна. Аск1овеги ун, гьес ишара гьабула.
Рокьи ккаразул даг1ба байбихьула:
Ясалъ, эхедеги яхъун, васасде гьал коч1ол мухъал ах1ула :
- Гьет1ун буго дур т1агъур,-
Бет1ер бихьулеб гьеч1о.
Рет1араб чухъа буго,
Черх кинго батуларо.
Буго к1алги цабиги,
Цо раг1и бук1унаро.
Огь, бихьинчи, бихьинчи…
Вихьизе гурев гьеч1ев.
Васасги жаваб гьабула, дагьабги лъик1:
- Мун лъазег1ан дир г1умру, лъарал раг1алда ана.
Цинги мун лъаралдаса, г1урулъе к1анц1ана дун.
Ясалъ:
- Вай тамаша, г1аламат, г1аданиланги абун,
Г1адамасул сан гьеч1ев, сурав чи данде ч1вана.
Васас:
- Къач1а- к1ат1ай бук1уна гьанже дур цо бат1ияб,
Ц1ивач1арав ц1алдохъан чанк1к1арав чидай вугев?
Цогидай ясалъ гьоркьобе к1аз рехула, гьел ригьине гьарула.
Ах1т1олаго, ццидахарай класрук классалъуе лъугьун яч1уна.
- Щиб, мегъ бикьулел ц1абкьал кинигищ ругел?
Щиб, ц1акъ кепалда руго, к1удиял гьунарчаг1и,
Гьаваялдеги рахун, росулъго машгьурлъанин.
Кьаболезул гурулъ нуж, бекулелъул цере нуж.
Ахир х1асилазулъни, х1арщулъе рортун ругин.
Лъимал цоцахъ ралагьула. Ц1ияв ц1алдохъанасде ишан гьабула. Дов класрукалде аск1ове уна.
- Гьале дун, х1урматияй, нужер ц1ияв ц1алдохъан. (гьелда квер бахъун, к1отинаюла) .
Гьелъ гьанже бат1ияб бакъан бачуна.
- Кьабеязул х1асилаз йохизе гьаюна дун.
Гьит1инав г1ангурасда киг1аганги лъик1 бец1ана.
Ц1урдулги сонал арал, басралъарал рук1ана
Рекаразул бак1алда ц1иял лъолел рук1аха. (лъимал ц1акъго рохула. Жание яч1арал директор лъиданиги йихьич1о.)
Директор йиххун хут1ула учительницалъул каламалда.
Класрук:
- Библиотекалдаса рикъарал т1ахьазулги
Дие къварилъи гьеч1о,
Гьезухъ щварал шагьаби
Шагьар чекизе г1ела.
Директоралъ абула:
- Дида раг1улеб жо щиб? беразда бихьулеб щиб?
Гьабураб такъсиралда гьаракь рекъон бихьула.
Лъимал х1инкъун цоцахъ ралагьула. Ц1ияв ц1алдохъанас, хехлъи гьабун, гьейги кверде йосула (к1отинаюла).
Гьанже гьурмалъ гьимигун гьей разиго к1алъала:
- Нуж дир х1алт1улъ гьеч1ого бегьуларел, нужер бераз босула кинабго нахъег1анаб. Гьеб нужер т1ок1лъи ккола. Гьедин гуребани, гимназиялда г1олареб жоялде дир квер г1унт1илароан. Гьелъухъ нужее баркала, гьелъин дие нуж рокьулел.
Класрук:
- Х1урматияй, директор, гьарула т1аса лъугьа.
Ц1урдул рекарайги дун, т1ахьал рикъарайги дун.
Гьанже лъималазул шавкъ багъарула, класрукалде данде ч1езе х1укму гьабула. Гьелъие г1оло, директор йигьинаюла.
Директор (ццидахун), телефоналдасан лъидеяли к1алъала. Гьебсаг1аталда рач1ун, минобр, рособрнадзор, полиция, квералги нахъе гьарун, класрук ячун инехъин йик1уна.
Х1инкъарал лъималаз ц1ияв ц1алдохъанасда г1елин абураб ишан гьабула.
Киналго жидерго лъавуде рач1уна.
Ахиралда т1олгояз ах1ула.
Школа – дир рек1ел бух1и.
Школа – дир рек1ел ч1ух1и.
Мун гьеч1они, ракьалда.
Г1умру х1ажалъиларо.
Г1агараб гимназия,
Рокьулел муг1алимал,
Ниж нужгун рекъолеб куц –
Т1ажугун рачел г1адин.
Рачел чучун биччани,
Т1ажу гъоркье бортула –
Рортун уна гьедин ниж,
Нуж рихьич1еб къоялда.
Х1урматияб кабинет,
Доска – аслияб предмет.
Доска бац1ц1унеб ч1орто –
Хиси гьеч1еб агрегат.
Азарго сон базе те,
Нижеца дунялалда –
Хирияб мактабалда
Гьеб къоялъ ниж дандч1вала.
Сценарий выступления команды КВН на районном смотре «КВН на аварском »
По теме: методические разработки, презентации и конспекты
Тематическое планирование по аварскому языку 9 класс
Тематическое планирование по аварскому языку 9 класс...
Рабочая программа по аварскому языку и литературе
Жакъасеб школалда т1адаб борч ккола г1ун бач1унеб г1елалъе гъваридаб ва щулияб г1елмияб лъай кьей, гьеб жидер практикаялъулъ х1алт1изабизе ругьун гьари, дунялалдехун материалистияб бербалагьи лъугьина...
Презентация урока "Фонетика" для урока по аварскому языку в 5 классе
Разработка создана для первого часа по фонетике в 5м классе. Она поможет учителю наглдно показать сложные звуки аварского языка...
Презентация урока "Наречиязул бит1унхъвай" для урока по аварскому языку в 7 классе
Презентация к уроку аварского языка в 7 классе по теме "Наречиязул бит1унхъвай"....
сценарий для инсценировки поэмы Р.Гамзатова "Вера Васильевна" на аварском языке
Сценарий для инсценировки учащимися школы поэмы Расула Гамзатова "Вера Васильевна" на аварском языке...
технологическая карта урока аварского языка по теме диктант "Ралъад"
Технологическая карта урока по аварскому языку. Диктант по теме обращение и вводные слова "Ралъад". Технологическая карта создана Батиевой Динарой Кехурзаевной, учителем аварског...
Рабочая программа по аварскому языку в 5 классе
Данная работа предназначена для помощи учителям аварского языка. Программа расчитана на 2 часа в неделю. Также в нем предусмотрено количество необходимых письменных работ....