Презентация урока "Наречиязул бит1унхъвай" для урока по аварскому языку в 7 классе
презентация урока для интерактивной доски (7 класс)

Презентация к уроку аварского языка в 7 классе по теме "Наречиязул бит1унхъвай". 

Скачать:

Предварительный просмотр:


Подписи к слайдам:

Слайд 1

Авар мац1алъул дарс . 7 класс Наречиязул бит1унхъвай Дарс х1адурана ва бачана : Г1умарова Динара Кехурзаевна – авар мац1алъул ва адабияталъул т1адег1анаб категориялъул муг1алим ( Цолъизабураб )

Слайд 2

Кинаб ах1вал-х1алгун нуж жакъа дарсиде рач1арал? Наречияздалъун жаваб гьабе (лъик1, гъираялда , кепалда ….)

Слайд 3

Дарсил мурад : наречиялъул х1акъалъулъ лъай щула гьабизе ва гьелъул бит1унхъваялъул бажари куцазе шарт1ал г1уц1и. Дарсил масъалаби : Лъайкьеялъул : наречиялъул лъай щула гьаби ; гьелъул бит1унхъваялъул х1акъалъулъ лъай кьей ; тексталда жанир наречиял х1алт1изаризе, гьел ратизе ругьун гьари . Лъай цебет1езабиялъул: наречие каламалъулъ х1ат1изабун ругьун гьари , хъвавулаб ва к1алзулаб калам цебет1езаби. Тарбия кьеялъул : ИКТялде ругьун гьари , къецалъулаб ва цадахъаб х1алт1уе бажари куцай .

Слайд 4

Цебе малъараб такрар гьаби . Т1адкъаял ?

Слайд 5

Х1урматияб Кето ! Д ида г1емераб жо лъала . Дур лъаялъул х1ал бихьизин ? Дир суалазе хехаб жаваб кье . 1 минуталда жаниб чан бит1араб жаваб дуца кьурабили бихьун дур лъаялъул даража борцине буго . Бегьилищ ? Гьаяха ! Халбихье дурго . Лъимал , нужеца балъго кумек гьабе дие . Х1урматияб Кето ! Д ида г1емераб жо лъала . Дур лъаялъул х1ал бихьизин ? Дир суалазе хехаб жаваб кье . 1 минуталда жаниб чан бит1араб жаваб дуца кьурабили бихьун дур лъаялъул даража борцине буго . Бегьилищ ?

Слайд 6

Ребус ц1але. Гьениса наречие бихьизабе ва гьелъул х1акъалъулъ лъалеб жо бице + а + къ=хъ

Слайд 7

Гьал х1арпал кколеб тартибалда лъун , наречиял лъугьинаре . А х у д б Р гъ кь о С а б о к1 Хъ л о б о хь Б н а и гь ( Хадуб , гъоркь , аск1об, хьолбохъ , гьаниб .)

Слайд 8

Гьал наречиязе синонимал ургъе . Гъорлъ , г1ажаибго, г1ажиз, г1антго, даимго , парт1ан, гванзго , абухъе , бет1ериса, басра , бохса , вижахъе , кьиндал , багьаго , заг1ипго, г1одоб. Щивав ц1алдохъан доскаялда гьеб наречиялъе синоним ургъизе вахъинавила , гьеб лъугьараб куц хъвала , разряд ч1езабула. Гьеб х1алт1и кьеразда гьоркьоб къец бан т1убала.

Слайд 9

Жаваб Гъорлъ – жаниб , киб ? Бак1алъул наречие Г1ажаибго – х1икматго, кин ? ишалъул куцалъул , х1икмат (пр. ц1.) + го Г1ажиз-х1аликъ, кин ? Иш . куцалъул , х1али(л) (пр.ц1. хаслъ.падеж ) + къ Г1антго – тохго кин ? Ишалъул куцалъул , тох ( лъи ) (пр.ц1.) + го Даимго – кидаго Парт1ан – лах1заталда Гванзго – ризго Абухъе – бицухъе Бет1ериса – т1огьиса Басра – инжит Бохса – ахадаса , х1ат1икьа Вижахъе – лъугьухъе Кьиндал – хасало Багьаго – хираго Заг1ипго – х1аликъго Г1одоб – ч1арбида

Слайд 10

Физкультминутка Гъоркь , т1ад, квараниса , квег1иса. Гъоркь , т1ад, квараниса квег1иса. Хьалбазда квералги лъун гьал упражнениял гьарила , т1адеги рахъун . 1 нухалъ . Г ъоркь абидал , к1усула, т1ад – рахъуна ; квараниса – кваранаб х1ет1е г1ебеде лъола , хадубго нахъе лъола , квег1иса – квег1аб х1ет1е г1ебса лъола , хадубго нахъе лъола . 2 нухалъ . Гъоркь абидал , к1усула , т1а д – рахъуна . Квараниса – квараниса гьет1ула, квег1иса – квег1иса гьет1ула.

Слайд 11

1 2

Слайд 12

Ц1ияб тема « Наречиязул бит1унхъвай» Гьаб тексталда наречиял скобкабазда жаниса хъвай . Къаде ( нахъе ) чвахунц1ад базе лъугьана . Жакъаго ( жакъа ) радалалдаса бакъ кунч1ун бук1ана. Гьоркьо ( гьоркьоб ) пири пирхулеб бук1ана, ва кьвагьго-кьвагьан зоб гъугъана . Дора ( гьанир ) реч1ч1улел лъел къат1рабаз гъот1ол т1анхал чехьа (т1аде) рахъинарулел рук1ана. Рагъида ц1ан (бит1ун) бегун, ц1адал кеп босулеб нижер кету Мивурги буго . Гъоркь х1учч ц1араб раг1иялда кинаб гъалат1 ккезе рес бугеб нилъер .

Слайд 13

Тема щула гьаби . Рач1а нилъеца гьанже т1ехьалдаса параграф ц1ализин ва гьелда хадуб бугеб 1 х1алт1и т1убазин

Слайд 14

Рокъобе х1алт1и Бажариялда рекъон : - наречиял гьоркьоре ккезарун , « Хасало рохьоб » гьит1инабго сочинение хъвазе ; - наречиялъул х1акъалъулъ, кинабго лъай г1амгьабун, к1алъай х1адуризе. - т1ехьалдаса х1алт1и 5, гь.202.

Слайд 15

Гьанже кинаб х1ал нужер бугеб ? Нужеего къимат лъе . Тетрадазда предложениял лъуг1изарун хъвай : Дида лъана________ Дида бажарула:_________ Т1адч1ей гьабизе ккола___________ __

Слайд 16

Х1алч1ахъадал! Баркала дарсихъ . Къо-мех лъик1!


По теме: методические разработки, презентации и конспекты

Презентация к уроку по французскому языку ( 6 класс) по теме: Passé composé

Данная презентация может быть использована в курсе обучения грамматике на уроках французского языка в 5-6 классе. Содержит основное правило и упражнения для закрепления....

презентация к уроку по русскому языку 5 класс "Двойная роль букв Е,Ё,Ю,Я"

презентация по теме " Двойная роль букв Е,Ё,Ю,Я " к разделу " Фонетика"  учебник по русскому  языку  5 класс. Т.А. Ладыженской....

Тематическое планирование по аварскому языку 9 класс

Тематическое планирование по аварскому языку 9 класс...

Презентация урока "Фонетика" для урока по аварскому языку в 5 классе

Разработка создана для  первого часа по фонетике в 5м классе. Она поможет учителю наглдно показать сложные звуки аварского языка...

Урок на тему:«Правильно питаться - оставаться здоровым»+презентация к уроку по английскому языку (6 класс)

Урок построен на основе базового и дополнительного материала по теме «Правильно питаться-оставаться здоровым» с использованием универсальных учебных действий (УУД), которые обеспечивают во...

Презентация "Домашние животные" к уроку по осетинскому языку (для групп не владеющих языком) для пятого класса.

Ознакомление детей с домашними животными.Названия домашних животных как  на русском , так и на осетинском языке....