Пьеса "Рах1му бугев Мах1суд" написан ученицей 7 класса Дылымской гимназии Казбековского района Республики Дагестан. Он был представлен на конкурс "Пусть слово доброе душу разбудит", и на республиканском этапе занял первое место.
Вложение | Размер |
---|---|
пьеса "Рах1му бугев Мах1суд" работа Гаджиевой Патимат. МКОУ Дылымская гимназия | 17.98 КБ |
Пьеса. Драмияб асар.
Рах1му бугев Мах1суд
Маг1арул къаг1идаялъ бак1а-бахарараб рукъ. Богорокъоб г1ат1 буцулей эбел. Г1одулаго жаниве векерун вач1уна Мах1суд.
Мах1суд (х1ал щун, щакърахунаго): - Бабааааа! Щай гьаб дунял гьадин г1уц1ун бугеб?
Эбел: - Щиб ккараб, Мах1суд? Дунялалде г1айиб рехизе лъугьараб щиб? (Эбел, буцулеб г1ат1ги тун, васасда цее к1усула). – Г1одове виччай. Бице эркенго щай дуда гьедиг1ан х1ал щвараб?
Мах1суд: - Гьит1их1инаб х1анч1ида т1ад реч1ч1ун буго залимаб кету. Щай гьеб гьедин бук1унеб? Х1анч1ида к1оларогури долдаса жибго ц1унизе.
Эбел: - Т1абиг1аталда гьедин бук1уна: жиндасаго къуралде чан гьабула рух1ч1аголъиялъ. Гьебги кваназе кколелъул, бабал.
Мах1суд (г1одулаго): - Баба, мадугьаласул ицикоялъ нилъер азбаралъуб бук1араб гьит1инаб х1инч1, к1алалъги ккун, гъанкъулеб бук1ана. Дица ицикоялъул к1алдиса доб бахъана. Кету лъутун анна.
Эбел: - Лъик1 бугоха. Цинги щайха г1одулев?
Мах1суд( дагьавги лъик1 щакърахунаго): - Баба, долда бахъине к1оларо, боржине щиб гурин. Доб хвани, щиб гьабилеб, долъул т1анч1и ратилагури. Цинги т1анч1и, Ах1мад г1адин, эбел гьеч1ого къваридгойищ рук1инел?
Эбел: - Кибха х1инч1 бугеб?
Мах1суд: - Дица цеберокъоб бахчун тун буго. Дида ккана, баба, дуца гьеб жанибе босизе биччаларин.
Эбел (г1ажаиблъун): - Щай, бабал, дида рак1 гьеч1ебищ? Дуца гьабуралдаги дун ц1акъ рази йиго. Босея доб гьанибе, бихьилин кинаб кумек гьелъие гьабизе к1олебали.
Гьанже к1удияб божилъигун, х1инч1 бачине векерун уна Мах1суд. Цеберокъоб дагьабги рух1 лъуг1араб х1инч1 гьес, ц1акъ гурх1адго кодобе босула. Ва жиндир санаг1ат гьеч1олъиялъ гьелъие зарал ккеялдаса х1инкъун, гьавугьин лъугьана эбел йигеб рокъове жаниве. Гьабулелъуб жиндирго ишги тун, эбел Мах1судгун х1инч1алде т1аде руссана.
Эбел (х1инч1алъул хал-шалги гьабулаго): - Гьаб гьит1ичил кваркьи бекун буго, гьудул. Ругъунин абуни, х1инкъи гьеч1еб буго.
Мах1суд (вохун): - Баба, дида лъала щиб гьелъие гьабизе бегьулебали. Дида бихьана к1удица, жиндирго гьойил бох бекидал, цо бицатаб т1илги лъун, гьеб катница къараб куц.
Гьедин Мах1суд, векерун ун, къват1иса босун, ц1улал гьит1инабго г1уч1гун, катнил гуригун вач1уна.
Мах1суд (живго тохтир г1адин, т1аделъула х1анч1ил кваркьи бухьине): - Баба, дица гьалъул кваркьи, к1удица г1адин сах гьабила, цинги боржина гьеб жиндирго т1анч1азухъе. Гьелги рохила, баба.
Эбел (йохула): - Х1алч1ахъад, бабал бурут1, мун гьединав лъугьиналдаса дун ц1акъ йохарай йиго. Нилъеца нилъерго кумек х1ажатал рехон тезе бегьуларо. Мун гурх1ел – рах1му бугев вас лъугьине вук1иналда гьанже дир щаклъи гьеч1о.
Хитрый коврик
Две лягушки
На берегу Байкала
И тут появился изобретатель
Четыре художника. Осень